не отпускай меня

Маг1ил бералги ц1ун г1одананиги,
Г1амал берциница санго гьабич1о.
Сариназул къвач1а ч1ехьананиги ,
Ч1ван къот1араб раг1и кинго бицинч1о!
 
Кьоге гьудул кьоге дуца дун чидай ,
Чара хведал дир черх чучизе кколин!
Йит1уге берцинав дун рокьиги тун,
Магьар лъезе сордо г1агарлъун бугин

Йижарай Ани дун гамач1лъун гьудул,
Къвариг1арас кьоч1ой ригьдай т1амизе,
Ятарай Ани дун муг1рул г1амирко,
Дуца йиччан тедал йоржун инаан!


Рецензии