не влюблайтесь
Дихъ саяхъ хьвадулеб г1амал бук1инч1ин.
Сси хвезабугеян гьаре берцинго,
Цо маг1арул ясалъ салам бит1анин!
Дуда цадахъ рарал сордо-къоял дий,
Гьудул г1умроялда ращалъун руго!
Мух1амад гьинал рак1 гьедун ч1ч1ун буго,
Рокьи бат1иясе кьеларин абун!
Г1ужалда кьабг1улеб меседил саг1ат,
Мун дий вокьиялъе г1ила щиб ккараб?
Дида хадув хьвадун рокьул кагътал хъван ,
Дир каранда жаниб ц1а лъуна дуца
Припев
Йокьун ятич1они йигин абуге,
Ячине гьеч1ей дий гьерсал рицунге
Рокьи гьеб ракьалда къадар хъвай буго,
Къадар г1умроялъе талих1 кьей буго!
Свидетельство о публикации №119050407531