хава газахова
Рокьуца юх1улей дун ц1а рек1ун хвезе тезе.
Лъим гьеч1они т1огьоца т1анхал г1одоре рала,
Ралагье ч1ег1ер берал ч1аго унеб буго рух1.
Г1ищкъу свиндал г1ищкъу свиндал сарин ах1улей йиго
Сабру гьеч1ел бераца балъго мун валагьула.
Щиб кьуниги щиб щваниги щоларо чорхой х1алхьи,
Чара т1аг1ун дир лугбал хьвадула мун ц1ехезе.
Г1емер дун гьарданиги гьардохъанилан ккела,
Тезе мун к1оларого к1алъалей гурищ йигей.
Вокьулиланги гьедун гьереси бицинаро
Ганч1ил гуро гьинал рак1 к1очонаро дида мун.
Кье Бет1ергьан дие х1ал досул берал к1очене,
Дие рокьул бицинч1ев багьадур гьеч1ин ккезе.
Тоге дун г1азабалда г1азул ц1ураб керенгун,
Киг1ан боркьананиги хинлъулареб гъансито.
Свидетельство о публикации №119020606423