оставила Я тебя
Тана дица мун
Дир гьинал рек1еда
К1улал рахана
К1улги ралъдал т1инде
Жаниб рехана
Рорхуларо т1ок1алъ
Берал вас дуде
Т1ок1алъ сверуларо
Дур свериялде
Бицунаро дарман
Доб рокьиялъул
Рагьуларо гордал
Хьвадуге гъоркьан
Кьеч1еб рокьуй талих1
Кисан босулеб
Эхо:
Г1одов реч1ч1ун хва
Г1одовги ккун хва
Хасалил халатал
Сардаца гьанже.
Берцинал ясаца
Сверун ккуниги
Сси кидаго буго
Меседил гороялъухъан
Саяхъал ясазул
Квер щвананиги
Керен дур унтула дарман
Дида бер ч1вайдал
Свидетельство о публикации №118120407537