С днем рождения

Жакъа мун гьавураб къо бугин васав
Къват1ивехун вакке дунял бихьизе.
Лъеберилъа араб г1умродул завал,
Г1олил васаз кьолеб салам раг1изе.

Гьаб нилъер ракьалда хаслихъе г1ужалъ,
Дуй г1олон т1егьарал т1угьдул рихьизе.
Т1алулъан рец1ц1улел ц1орорал иццаз,
Черхалъе гьабулеб лазат бихьизе.

Рилъа г1олохъаби г1урдалъиялде,
Нилъер Г1арипие макъан т1амизе.
Гьудул к1одо гьавун свери бахъизе,
Соналги сахлъиги гьарун к1алъазе.

Базе хъван батаги дуца нусго сон,
Т1убаги дур рек1ел к1удияб анищ.
Нилъер муг1руз г1ораз кьурабаз сиртаз
Мунилан гуребищ ах1улеб бугеб;


Рецензии