дир Гьандихъ т1алъи

Шамил районалъул къиматаб жавгьар
Каранда рак1 ч1ола дуда бер ч1вайдал
Муг1рузул т1огьазда кьурул рачел къан
Дица тараб Гьандихъ щола рак1алде

Гьандихъ т1алъи
Дие г1умро кьураб
Дир инсул Ват1ан

Г1андаригун Г1асалъ Т1алул гьоц1аби
Рек1еда ц1ер ч1вала нуж цере ч1едал
Ц1ороицда Г1арукь гох1да хурзаби
Хиялаз ячуна г1орол раг1алде

Т1огьол байдабаца берцинаб мах1алъ
Гьалула бух1ула ургьисан х1ухьел
Чвахулел ицазул гьарзалъиялъги
Гьогьомула керен гох1де яхиндал

Г1алимзабаз гвангъун гъункараб росу
Жакъа мун т1егьан ун буго т1убанго
Т1олабго Дагъистан жанибги рещт1ун
Щобазул т1огьисан нур буго баккун


Рецензии