почему

Щайзе дуца дие рек1к1 гьабураб
Гьудул цоги бат1ияй йищарай
Щибго г1айиб г1ила гьеч1ого дун
Г1адада дуца дун г1одизаюрай

Щибизе щайзе гьаб дир суалалъе
Гьанже дуца жаваб кьолареб?
Кьолболъан къот1араб дир рокьул гъвет1ги
Т1амах бан т1ок1алъ г1урчинлъиларо

Г1азуги биуна бакъ т1ад ч1ванани
Бач1ина дийги къо роххел бугеб
Ц1ерги чапун унин дунял хинлъани
Хиялалъ хвеч1ого буго хьул.

Рук1ана къоял бакъ т1ерхьунарел
Т1огьоде най г1адин мун сверулел
Сог1ал сверабаца бихана нух
Хут1ана гьудул цох1о пикрабалъ.


Рецензии