Хасалил сардида

*******
Хасалил сардида
 Маг1арул росулъ
 Боркьараб гъансито
 Бакараб чирахъ .
Чи гьеч1ел къват1азда
 ссур пулеб гьури .
 Гьелъ т1адбуссун гъолеб
 т1алайдухъан к1к1уй .
 Г1исинккун к1ет1олеб
 къадалда саг1ат .
Гьеб такрар гьабулеб
 тахида кету .
Туртил раг1алалда
 бараб цо рукъи.
Рукъалъул ахада эхетун парччи.
К1одоэбелалъул
арал санаца
 бихьанщинаб зах1мат
бицунеб гьаракь.
Тун гьел хабаралги
 хинк1ал гьареян
какикьжоялдасан к1алъалев к1уди .
Гьаб х1айранаб сурат цебе бач1индал
Ч1амуч1лъиялъ бала
лъабц1ул жемун къвал.
Къоял унел рук1ин рак1алдеги щун.
Рак1 ц1ала эхеде-
инсул росулъе .


Рецензии