Имамасухъе

Шамиль , Мадинаги тун
Муг1рузде щоларев щай,
Щулатаб сиялъул кьуч1
Кьурда жагъаллъун бугин
________________________
Имам, айгъирги кьолон
Т1аде вахъунарев щай,
Хвел босун , муридзабаз
Бакараб ц1а ссун бугин.
________________________
Ц1иркъалин кутул лъугьун,
Ц1умалин маккал ах1дон
Х1асадалъ халкъ цоцахъ бан
Бигьаяб сурат гьеч1ин.
________________________
Гьимигун данде ч1варас
Ч1вазе гурин х1инкъула,
Х1иллаялъе ургъулев
Гъасда аск1ов ватула.
_________________________
Мунгун дур  муридзаби
Реццун кеч1 ах1улезги
Дуца къват1ал чурараб
Чагъир ц1ун цебе лъола.
___________________
Лъавул г1орал г1ат1илъун
Г1акълу чурулеб буго,
Чапар г1олеб х1ал гьеч1о,
Чоде ваха цо мунго !


Рецензии