Дир рокьи т1убана
Дун т1егьан ана.
Ана чорхолъа рух1,
Хирияв гьудул.
Заман банаг1ан мун,
Г1еблъун ватана.
Къвалица сверич1о,
Гъажаби гургин.
Сонаца урхъараб,
Дур кереналда.
Дица къаси кванай
Гьабулеб буго.
Хварасда рух1 лъолеб,
Дур берцинаб мах1.
Саг1таца сунт1ана
Маг1ил г1орги т1ун.
Къаси дун т1егьан ун,
Йиго т1уянго.
Дир гьал анищазул,
Раг1алго гьеч1о.
Телефон къан буго,
Саг1ат хун буго.
Нилъеца гьаб заман,
Ч1ч1езабун буго.
Свидетельство о публикации №118070602969