Аза азар г1еги нуж г1адал васал

Иях1 намусалъул къадру ц1унарав,
Къо ккараб бак1алда бахъун рух1 кьолев.
Г1аданлъиялъул чин бидулъ бессарав,
Чи Хадув гъеладай Т1айгиб дур нухде.

Инсул Ват1ан ц1унун ц1адай к1анц1улев,
Аза-азар г1ейги нуж г1адал васал.
Г1умро бичаниги ях1 бичуларел,
Г1олохъабаз ц1еги доб Казбек район.

Рек1елъ къвак1и бугев къадруяв Салман,
Къадру дур бащадав цониги гьеч1о.
Къот1уй хилиплъич1ев раг1уй хисич1ев,
Хвезег1ан мун гурищ нижее ч1ух1и.

Инсул Ват1ан ц1унун ц1адай к1анц1улел,
Аза-азар г1еги нуж г1адал васал.
Г1умро бичаниги ях1 бичуларел,
Г1олохъабаз ц1еги доб Казбек район.

Х1ал ккани ватулев кивго вортулев,
Ратуларо васал Сайпулагь г1адал.
Намусалъул рачел чармилаб къарав,
Вахина дай къирал дур борхалъуде.

Инсул Ват1ан ц1унун ц1адай к1анц1улел,
Аза-азар г1ейги нуж г1адал васал.
Г1умро бичаниги ях1 бичуларел,
Г1олохъабаз ц1еги лъоб Шамиль район

Лъаг1елал сверила саг1тал тирила,
Тела заманаялъ жиндирго лъалк1ал.
Лъик1аб г1амалалъги г1аданлъиялъги,
Г1умро берцинлъула къимат борхула.


Рецензии