Возьмите другую жену

Дир рак1 бук1унаро,
Чан гьабич1ого.
Цоги яче дуца,
Васасе лъади.

Чорхол х1ал хьоларо,
Балагьич1ого.
Дуцагоги малъе
Васасда рокьи.

Меседил клеткабахъ
Хьихьанаги.
К1варич1о к1варич1о,
Дий ножер руссен.

Г1арцул азбаралда
Тах лъунаниги.
Тезени к1оларо,
Берзул балагьи.

Кадушка буссана,
Чулпа гьабуна.
Хьул къот1ун Аминат,
Эхеде ана.


Рецензии