Первая любовь
Гьарарай яс йик1ана.
Рокьи гьабуни цебе,
Кьолбол къимат холаан.
Дирги гьудул бах1арай,
Нилъерго тухумалъул.
Квер к1обок1унин абун,
Кирщал кире рортулел.
Припев.
Т1оцебесеб дир рокьи,
Рукьбазда ц1а бакараб.
Т1оцебесеб дир г1ищкъу,
Г1умро г1адада ч1вараб.
Х1арщулъе бортани т1егь,
Т1олгояца мерхьуна.
Берцинлъиги лъик1лъиги,
Лъидаго бихьуларо.
Бекани ц1орол т1аг1ел,
Г1адамас босуларо.
Г1адада мун хвелилан,
Хивал буго дир рек1ел
Сонаца духъ урхъарав,
Гьадин даим хут1ана.
Рик1к1ада ругониги,
Цоцазе чиярлъич1о.
Хъвач1о нилъер къадарал,
Къабуллъич1о дир дуг1а.
Т1убач1о рек1ел анищ,
Кьеч1о гьудул дий талих1.
Свидетельство о публикации №118061203658