Не смогу ли я забыть
Чакмалал рет1ун.
Хьвадилищ цеесан,
Дур х1ал хисизе.
Ч1олорхъо т1ун араб,
Г1аларча г1адин.
Г1адан чи гьеч1елъуй,
Гогьдарилищ дун.
Г1алхул чан кинигин,
Кьурулъ к1анц1ани.
К1веларо дай дида,
Гьаб рокьи тезе.
Ралъдалъ чуг1ил г1адин,
Г1амал хисани.
Хвеларо дай балай,
Г1ащикъ теч1ого.
Свидетельство о публикации №118040707587