С днем рождения Ясай

Дирго гьалмагълъиялъул гьудул йик1иналъ,
Рокьул раг1адалде ах1уле йиго..
Жакъа мун гьаюраб къо бугин абун,
Къалам дица кодой босуле буго.

Мун маг1арул  ясалъ бищун  йокьулей,
Декабералъ  гьаюн йик1ун ятула.
Мун г1олеб г1елалъулъ г1аданлъи бугей,
Хасало каву рагьунеб мокъокъ.

Раче йо  ясалги йилъа мунгоги ,
Къаси  макънал дица т1амизарила.
Базе хъван батаги дуца нусго сон.
Пат1имат ц1ар берцин ц1оралъул булбул.




 


Рецензии