Рокьул раг1ад

Мун данде къалеб щай,
Ургьиб гьинал рак1.
Гьудуласул ясал,
Г1емерлъун ругин.

Кьабг1и хисулеб щай,
Бидурихьазул.
Нижер балаялъул,
Х1ур лъугьун бугин.

Х1ур лъугьун бугин,
Х1ур хут1ун бугин.
Нижер балаялъул,
Х1ур хут1ун бугин.

Беразул заг1ипаб,
Зигара буго.
Гьудул хилиплъидал,
Хунго лъик1илан.

Х1ат1ил роси гьанже,
Хисулеб буго.
Хиянатлъи х1ехьон,
Пайда гьеч1илан.

Пайда гьеч1илан,
Пайда ккеч1илан.
Хиянатлъи х1ехьон,
Пайда ккеч1илан.

Сонаца гуккараб,
Г1адалаб рокьи.
Жакъа мун мискинлъун
Буго т1убанго.

Заманалъ жиб ч1вараб,
Ч1ух1араб г1аклъо.
Рек1ехъ г1енекканин,
Г1одоб реч1ч1ун хва..

Г1одоб реч1ч1ун хва
Г1одобги ккун хва.
Рек1ехъ г1енекканин.
Г1одобги ккун хва


Рецензии