Ибрагьим

Васал гьарураг1ан
Боххула дир рак1,
Каранда ц1а лъола
Муг1рул ц1ц1умаца.

Хъизан к1одолъидал
Г1акълу хисула,
Ибрагьимги гьавун
Ч1ух1ун йиго дун.

Зобалги ракьалги
Баг1арлъун руго
Насрулагьил рагьт1а
Супа т1ут1 буго.

Гьанхъадерил т1алъи
Т1егьан ун буго,
Жакъа гьаб гьайбатаб
Марталъул къоялъ.


Рецензии