Мечты сбываются

Вай нижей кьунищ нуж лъуг1улел ругел
Эбелалъе таял берцинал лъимал.
Вай дир къавулъ рещт1ун хьадарлъилин дай,
Талих1алъул нуц1би данде къан ругел.

Вай дир г1олохъанлъи г1адада ун дай,
Дун чияр гордазухъ балагьун йигей.
Г1адан гьеч1еб рокъой дунго хут1идал,
Бич1ч1ула дидани г1умродул кьог1льи.

Вай заман аниги хьул къот1уларо,
Къисматалъул г1арщги халатаб лъидал.
Вай сонал аниги сасунаро рак1,
Т1егьалареб къвет1ги дунги гурелъул.


Рецензии