Расул омаров счястья молодым

Дуй бертин гьабулеб къо бугин жакъа,
Къват1ивехун вакке дунял бихьизе.
Къоло к1иго сон г1умродул завал,
Г1олил васас кьолеб салам раг1изе.

Гьаб нилъер ракьалда роол г1ужалда,
Дуй г1олон т1егьалел т1угьдул рихьизе.
Т1алулъан рец1ц1улел ц1ц1орорал иццаз,
Черхалъе гьабулеб лазат бихьизе.

Рилъа г1олохъаби г1урдалъиялде,
Нилъер Расулие макъан т1амизе.
Гьудул к1одо гьавун свери бахъизе,
Соналги сахлъиги гьарун к1алъазе.

Кьабг1е г1олил ясал т1аде рахъун хъат,
Бихи гьеч1еб нилъер гьудуллъиялъе,
Бихьинчиялъе г1аданлъиялъе,
Г1адамал рух1далаб данделъиялъе.

Гьаб дуниялалда бищун берцинай,
Бах1аралъ жемана дур гарбида къвал,
Гъорлъа камич1ого кидаго дунги,
Киналго х1адурал руго кьурдизе.


Рецензии