Цветок любви

Нолъги вач1ун вук1ана
Дида къвал жемизеян
Чорхолъ х1ал хисун бугин
Дица ах1ун бук1ана

Г1алхуда гуллаги щун
Г1одоб ккараб чан г1адин.
Рак1 бакьулъа лъукъана,
Рокьи кьурав гьудулас.

Борхалъуда боржунеб,
Зобазул х1анч1ил г1адин.
Х1алуцун буго керен,
Киехун ун чучилеб.

Чи гьеч1елъур ралагьун,
Свакалел руго берал.
Беч1ан унеб т1егьалде,
Т1аде къулун йиго дун.


Рецензии