за себя всегда надо постоять

Жиндилъ х1инкъи гьеч1ей
Нахъе къаларей,
Мекъалда т1екъалда
Т1ад рекъоларей.

Жинда кьабг1урасда
Данде кьабг1улей.
Огь муг1рул ясалъул,
Рак1алъул къвак1и.

Гьидалъа Хочбарги,
Ц1адав к1анц1изе.
Ах1ун вук1ун гурищ,
Хунзахъе арав.

Холев лъананиги,
Багьадур г1адин.
Гарбида мусру бан
Къват1ив вахъарав.

Вореги т1урк1уге,
Ургьиб гьинал рак1.
Цо нухалда кьураб,
Г1умро бугин дир.

Кьабг1и щвананиги,
Нахъеги къаге.
Къо ккедал борхулеб,
Къадруги ц1унун.


Рецензии