Рукият Магомедова Любовь

Нолъги вач1ун вук1ана,
Дида къвал жемизеян.
Чорхол х1ал хисун бугин,
Дица ах1ун вук1ана.

Бук1ана берзулъ балай,
Балагь диде рещт1унеб.
Щвана черхалъе хинлъи,
Хасел т1аде щвезег1ан.

Кьуна дие гьес рокьи,
Рукьбазде щвана кьабг1и.
Гьурщана диде балай,
Берзул канлъи хисана.


Рецензии