Мун ана хасалил байбихьудаго

Районго ч1ух1араб рас меседил бис,
Дуцагийищ тарал Эрбегьилхалил.
Дунялго къалъараб къилбаялъул ц1ва,
Къанщун ратиларо дуца гьел берал.

Гьадиг1ан дида мун хъат1илароан,
Ах1унг1аги духъе бук1инчеб ани
Рек1елъ къалароан кьог1аб гьебер хабар,
Бихьинаб дур калам щвана рак1алде.

Гъоле автобусги гьале школаги
Кинабго коллектив бит1илин духъе.
Мун ц1адлъун щенеян г1олеб г1елалъе,
Мисаллъун йик1аян ц1алдохъабазе.

Хасел бакьулъ къадар лъица гьукъулеб,
Пирдавус алжан кьун воххун ватаги.
Муг1рузул т1огьазде т1адеги рахун,
Т1идисезул ясал г1оде г1одор ккун.

Рижиги берцинав хвелги пашманав,
Мун директорзабалъ т1аса вищарав.
Т1олабго росдаде зигара буго,
Жакъа нилъ т1убанго мискинлъун руго...


Рецензии