Дир Х1апизат

Дир чорхолъ бугеб би,
Дулъги бук1ун дай.
Х1апизат дир рек1ел,
Ц1айи бук1унеб.

Апрелалъ баккараб,
Г1инт1идулаб т1егь.
Т1егьан яч1ана мун,
Сонал ранаг1ан.

Нилъ цо кьибилалъул,
Рук1ун ратила.
Рак1 унтун кидаго,
Дуде чучулеб.

Чорхолъ би гьалдолеб,
Гьунар ц1ик1к1араб.
Г1ужде мун яхиндал,
Йоххун йиго дун.

Базе хъван батаги ,
Дуца нусго сон.
Рукъ роц1ун хут1аги
Абадиялъго...

Т1убаги дур рек1ел ,
К1удияб анищ.
Йохараб гурони ,
Къо бач1унгеги.


Рецензии