Мне хватило бы Раисат Ахмедова

Вачунге къвалакье къаге каранде
Къочуге к1ут1бузда к1очон толаро.
Къвалакье вачарав чалухав гьудул,
Чидар ватараблъи буго зах1малъун.

Исламалъул хвалчен мун дир бакъ вуго,
Исламалъул хвалчен мун дир моц1 вуго.
Исламалъул хвалчен мун дир рух1 вуго
Исламалъул хвалчен жеме дида къвал.

Бичанте босизе дур гьей гьудулалъ,
Бокьухъин босизе дур черхалъул кеп.
Диени г1елаан мун вихьулелъуй,
Дур гьаракь раг1улеб бак1алда йик1ин.

Припев

Риидал мочолъе чвахун ц1ад г1адин,
Чан васалаз тарал ясал г1одулел.
Ц1адае хьвадулел хьухьаз кинигин
Чан рак1азул рокьи цоцалъ жубач1еб.

Припев


Рецензии