Проклятая любовь

Г!азу банани мег!ер,
Хъах!лъулеб бугеб г!адин.
Щайзе мун баг!арлъулев,
Гьудул дун йихьаравго.

Дида кинан дай лъач!еб,
Нилъеда гьоркьоб бугеб.
Сухъмахъалъул къварилъи,
Къо бух!аяб саяхълъи.

Огь огь щай баг1арлъулев
огь огь дун йихьаравго

Бук!ина дай замана,
Зобалазде роржунел.
Нилъер рак!азул рокьи,
Цоцаздехун жубалеб.

Рач!ина дай вас къоял,
Къвалакь мунги ккун йигей.
Г!ищкъуялъул х!асил ккун,
Х!асраталде нилъ щварал.
 
Огь огь къвалакь мунги ккун
огь огь г1ищкъул х1асил ккун.


Рецензии