Не моя сабля

Мах!мудил куч!дузул
Квац!и гьабуни.
Цох!о т!егь щвеладай,
Аминат Бикай.

Хъах!аб росулъесул
Г!ищкъу рагьани.
Гьанхъадерил т!алъи
Т!егьан ина дай?

К!оларо к!оларо
Дида берцинав
Бекун зоб кьейилан
Дуда абизе..

Г!одила г!одила
Г!одила месед.
Г!айиб дир батани,
Дуда йич!изе.

Анищалги т!егьан
Т!егь бакканиги
Исмалъул хвалчен
Мун дий щоларо.

Киналго г!алимал
Т!ад х!алт!аниги,
Нилъер рокьиялъе
Аят хъваларо..


Рецензии