И за одних объятий Хава Газахова

Г!азу бараб мег!ер хъах!лъулеб г!адин
Щай мун баг!арлъулев дун йихьарайго.
Мун лъимадул эмен дунги къоролай,
Цох!о къвал банани х!акъ батилеб дай

Дида кинан лъач!еб нилъеда гьоркьоб,
Нилъеца реххулеб кьуру гьеч!облъи.
Мун вач!унеб сухъмахъ къваридаб бук!ин,
Цадахъ дун йилъине кинго бак! гьеч!еб

Рокьуца мехтарал бералги росун,
Бицунге берцинав саяхъаб хабар.
Г!ищкъуялъ агълъараб керенги рагьун,
Т!амуге хазина чанай яхъине.

Бук!ина замана рач!ина къоял
Жеги нилъер рак!алъ рокьи т!егьалеб.
Гьудул цадахъ рилъин гьеб г!акъло гуро
Г!ужалда кьабг!улеб меседил саг!ат.


Рецензии