Раисат Ахмедова Ясазул сси

Дун коч!охъан гуреги
Муг!рул г!олил яс йиго
Муг!рузда роржен гьабун
Г!ат!иракьалда ч!ч!олей.

Берцинал щинал т!угьдул
Т!ун г!одоре реххани
Т!абиг!ат хвелин абун
Хивал кин гьабулареб?

Маг!арул васалаца
Ясазул сси ц!унани?
Саяхъго хьвадиялъе
Хьадарлъи лъугьинаан.


Рецензии