Рокьи т! убач! езул мухъ
Сариназе дагьаб хьадарлъи ккана.
Рик!к!аде мун индал жеги урхъана,
Инч!о дир рек!елъа к!удияб рокьи.
Вай аман зах!малъи ана февралги,
Сабур т!амулареб кинаб каранде??
Июльги бач!анин августги щванин,
Щай гьудул бит!ич!еб цониги салам.
Ралъад раг!алалда мун данд ч!вараб къо,
Дие г!умроялда бащалъун буго.
Маг!ил гарал гирун духъги ялагьун,
Дица х!ат!ил роси берцин гьабуна.
Рек!елъ бусен бараб басрияб рокьи,
Гьудул данде ккедал занк!ан ч!олеб рак!.
Вай аман зах!малъи гьаб г!умроялъул,
Т!убач!еб г!ищкъодул г!аданлъиялъул.
Дур гьеб хъизамалда х!ур хъвазег!ани,
Х!алуцараб рокьи рек!елъ бахчила.
Багьана батана мунгун барщизе,
Рорхуларо т!ок!алъ г!урчинал берал.
Дирабги хъван те ц!ар ч!ах!иял х!арпаз,
Рокьи т!убач!езул кьералде гьоркьоб.
Мах!мудгиму Муи, Къайисгун Лейла,
Къабул гьае гъорлъе Аминатбика.
Свидетельство о публикации №116081102539