Сахаватлъи

Цо дир гьудулалъул лъик1ав рос вуго,
Лъилго гьеч1еб г1адаб т1абиг1аталъул. 
Гьевг1ан сахаватав чи ватиларо,
Жиндир сахаваталъ агьлу гвангъарав.  

АЛЛАГЬАСЕ г1оло г1умруги гьабун,
Г1адамазе жиндир лъик1лъи г1емерав. 
Аварагасул нух щулагоги ккун,
Эбел инсул адаб борхатго ккурав. 

Амру  АЛЛАГЬАСУЛ  т1убазабизе
"Китаялдеги" щун г1акълу лъай щварав. 
Къуръан х1адисалъул г1елмуги ц1алун,
Г1исинаб г1елалъе лъай гьелъул  кьолев. 

АЛЛАГЬАС т1ад лъураб  х1ажалъул налъи,
Жиб-жиб соналъ борхун т1убазабулев. 
Фаризаял какал ва кколел к1алал,
К1удияб гъирагун мух1кан гьарулев. 

АЛЛАГЬГИ цо гьавун аварагги ккун,
Устарзабазулгун бухьен щулияв. 
Т1арикъатгун цадахъ шариг1аталъул,
Байрахъ жинца кодоб щулаго ккурав.

Жиндир агьлу хъизам т1алаб гьабизе,
Жалго жододего рехун хьвадич1ев. 
Х1укуматалъулгин шариг1аталъул,
Ц1али кодобе кьун лъимал куцалев...

Гьурмадаса жиндир гьими камич1ев,
Мекъса киданиги бер балагьич1ев. 
Квешаб раг1и абун мадугьаласул,
Рек1елъ ругъунги лъун ч1ух1ун хьвадич1ев. 

Агьлу-хъизамалъул къадруги ц1арги,
Зобалазде борхун ц1валъун бакарав. 
Ц1ер г1адин бац1адаб жиндирго рак1алъ,
Нухмалъи сундуйго гьезий гьабулев. 

Хирияв,БЕТ1ЕРГЬАН,дир гьари дуде,
Лъик1ал г1адамазе сахлъи кьейилан.
Гьезул дуг1а гьари, рек1ел мурадал,
Гьезго гьАризег1ан къабул гьареян!!!
                      Амин.         
                              03 08 2015 с


Рецензии