Пикраби

Г1умруялъул пикраби, нахъа  тарал шагьраби, 
Кагътил т1анчиде росун мемуаразда  хъвазин.
Г1олохъанаб мехалда партиялъ  нухги  малъун. 
Коммунаялъулъ х1алт1и рак1алде щун к1алъазин.  

Аллагьасе гьабич1еб, рецц ленинийги гьабун,
Дин-  ислам гьеч1ин абун, халкъ махсароде ккуна. 
Эмен ильич вугилан, эбел маймалакилан,
Мунафикъазул  "г1елму"  г1адлулъун ч1езабуна...

Уйин ккараб халкъалъги, хадурго наслабазги,
Ударникал рахъизе х1аракат бахъулаан...
Совет х1укумат нужой, капитализм гьеч1илан,
Къобихьун щвараб боц1и бащдаб бахъун унаан. 

Стахановцал рахъараз медалал росулаан,
Майданаздеги ах1ун байрахъалги кьолаан. 
К1удияб рецги гьабун, киназго хъатги  кьабун,
"Бергьенлъабиги" росун рокъоре  рит1улаан...

Гьадинаб г1адлуялда таманаб заманаялъ,
Т1убараб цо г1елалъул г1умру г1адада хвана.
Я АЛЛАГЬ лъазе теч1о, я дин бич1ч1изе теч1о,
Нусилъ  г1агарун  санал  жагьиллъиялда  ана...

Болжал т1аде щварабго, х1ал к1олев Бет1ергьанас,
Мишаги  х1алай  т1амун гьезул г1адлу биххана .
Устарас абухъего, "цо гулла кьвагьич1ого",
Халкъалъего зах1матаб зулму т1аса реххана. 

Жалго жодоца гъурун,талих1ги гьезул къана,
Туснахъ гьабун бук1араб пачалихъ эркенлъана.
Ах1улеб какил гьаракь киса-кибго раг1ана,
Рикь-рикьарал миллатал, данделъун какал рана. 

Г1елмуялъул к1алг1аби ц1идасанго рагьана,
Г1олилазе эркенго ц1алдезе изну щвана. 
АЛЛАГЬ цо вук1ин лъана,Расул рит1ухъ гьавуна,
Устарги къабул,гьавун гьесда хадур рилъана.

Алх1амдулиллагь АЛЛАГЬ,  ДУЕ буго щибаб рецц,
Гьадинаб г1адлуялъул г1асруялъулъ ратидал.  
Хадубги ДУЕ  щукру, рах1му т1ок1ав, БЕТ1ЕРГЬАН. 
Рит1ухълъи бергьинабун,  т1екълъи  т1аса  босидал.                          
                               
12 01 2016


Рецензии