Дун азий ханасул Бахуги гурин

Жакъа васалазе къвариг!араб щиб,
Керен квер бихьулеб гордеги гьеч!ин.
Бух!улеб каранзул х!алуцинго щиб?
Жаваб кьезе гьудул цадахъги гьеч!ин.

Хундерил халатал ч!урканал ясахъ
Балагьизе гурищ къват!и рахъарал.
Дун азий ханасул Бахуги гурин,
Бераца ч!ван лъелин ккола мех- мехалъ.

Рикье рикьалаби г!олохъабазул,
Чодул илхъи бугин хъамун бач!унеб.
Берал г!одой риччай ралагьараца,
Бартидул кьолонив дир гьудул вугин.

Гьале вазирасул васас ц!ал к!ут!ун,
Ц!ум г!адин Бахтика цее яхъана.
Гьасулгун цо -к!иго свериги бахъун,
Дайитил Уцуми данде ах!ана.

Вас тирулев вуго сверулев вуго,
Т!асан гьаваялда лачен г!адинан.
Яс йоржуней йиго лъедолей йиго,
Лъадал х!оринисан х!анкъва кинигин.

Жакъа дун Бахтика маялъул къоялъ
Мун дие Уцуми г!олохъабазулъ.
Жакъа мун Хан вуго дий т!алъиялда,
Дун кидаго  дуе Меседил горо


Рецензии