Подарок небес

Зобалазул сайгъат дунял сверулеб,
Халкъул г!алам тола дуца гаргалеб.
Гудраде кканани гъалбац!ги ккола,
 Ккуниги к!варич!о Рамазаница.

МагIарул гьороца мун гьогьомула,
Дагъистан урхъарай муг!рул гIамирко.
 Чорхол х!ал хисизе сабабал хъвала,
Дуца сариназул макъан т!амула.

Дунялалда бугеб аслу-ссиялъул,
Кинабниги кверщел духъе кьун буго.
Кьвалакь квералги ч!ван ч!ух!ун хьвадиги
,Нилъер ясалазда Рекъонго гьеч!о.

Ах!ела зобазул къиматаб сайгъат,
Каранлъ рукъзал ккураб доб рокьиялъул.
Т!амела берцинай цойгиги макъан,
Дур гьаркьихь урхъарал рач!анин сардал.


Рецензии