Мадина Манапова Без ответная любовь

Гьал щинал гьал сонал дир гIумроялъул,
Мун сабаблъун гурищ гIадада арал.
Берцинал къоялги къаси сардалги,
Дур пикрабалъ гурищ дица рогьарал.

Данде жаваб гьечIеб рокьи гIадаб,
КьогIаб нигIмат гьечIо дунялалда.
Ворч!ами кьечого мун ин гIадаб,
Балагь букIунаро гьинал ракIалъе.

Кинаб балагь дица дуе гьабураб,
ГьадигIанго дир ракI къварид гьабизе.
Къиматав гьудулин кIодо гьавурав,
Дудагийищ льалеб хIиллагун макро.

Данде жаваб гьечIеб рокьи гIадинаб
КьогIаб нигIмат гьечIо дуниялалда.
Ворч!ами кьечого гьудул ин гIадаб,
Балагь букIунаро гьинал ракIалъе.

Гьанже цойги гIумро дий кьолеб ани,
Дица мун рекIелъе вичалароан.
Жеги арал сонал руссунел ани
Мунгун данд чIвараб къо гъорлъа реххизе.

Данде жаваб гьечIеб рокьи гIадаб,
КьогIаб нигIмат гьечIо дунялалда.
Ворч!ами кьечого мун ин гIадаб,
Балагь букIунаро гьинал ракIалъе.      
                ( Мадина Манапова)


Рецензии