Плач пускай будет громким

Гьаракь борхун г!оде Къех1дерил ясал
Меседил гороял вахъанин гьудул .
Кинго хьулги лъоге Гьоорсезулги
Къиматго гьабич!ин гьалагаб лочнол

Саламилан абе Хьиндахъедаги,
Хивалал г!емерал рук!ун ратилин.
Харил х!асил ккеч!ел Х1ебдаседаги,
Г1урухъ г!одорги ч!ч!ун г!е гьабе абе.

Доб Нефтекумскалде г!урус ясазде,
Телеграмма кьабе меседалъ хъвараб.
Забайкалье ялъе сайталде бит!е,
Бакараб каранда ц!а свине теян.


          


Рецензии