Ункъжугьаби

                *****
«Рат1лица чи» - ян абун, «чоца багьадур»- илан,
Абурал кицабаца, воре,  гуккизе ч1оге.
«Берцинайги хъах1ба» - ян, «хъах1айги, гважи» - йилан,
Рижарал биценазда, божун диван къот1унге!
 
Ч1ух1араб рет1лида гъоркь, чанги ягъзин ватулин,
Юргъа чуялде рек1ун, к1усур хьвадулев г1адин.
Берцинал ясаз чанги, кьурда ц1арги хъван бугин,
Хъах1ал мусудузул, асс, г1асрабалълъ араб г1адин.

                *****
1.Ягъзин - негодяяй
2.К1усур - женоподобный мужчина


Рецензии