Дир рек! елъа рокьи лъица бахъулеб

Чорхолъа рух! аниги,
Ал кин зигарданиги.
Дуде бугеб дир рокьи,
Лъица гьудул бахъулеб.

Халкъул г!алам т!аделъун,
Дида ругънал лъуниги.
Лъуг!уларо чорхолъа,
Дарман духъ ккараб рокьи.

Дица рукъ биххунилан,
Азий хайирлъулеб щиб?
Щущахъ бараб дир г!акъло,
К!оларо кверде босе.

Дуца диде абунин,
Дица дуде абунин.
Гьоркьо мац!ал гьарулел,
Къороллъуда хут!аги.

Дида х!ал хьун бугезда,
Рокьул т!аг!ам бич!ч!аги.
Дун йокьуларел щинал,
Щущан ах!уд риххаги.

Дир балаялъул биццун,
Гаргадулел щиналги.
Гьакьадерил г!оралъ ун,
Зиранихун рахъаги.


Рецензии