баркала мадугьал

Маг!арда бижараб г!идраялда т!ад,
Г!айиб щайзе ч!валеб рак! ч!ег!ераца.
Кьурабалъ жиб г!ураб г!анса х!инч!алда,
Х!икмалъизе ккараб щиб буго гьаниб.

Бет!ергьанас кьураб гьунаргин махщел,
Бахчизе щай кколеб гьаб ракьалда т!ад.
Умумуз ирсалъе тараб пасих!лъи,
Закон кибе бугеб т!аг!ине теян?

Яхъа Г!анхрил Марин изно бугин дуй,
Дурго ирс босарал ясал рихьизе.
Маг!ица лъалъарал ц!адулъ гьалдарал,
Дир росу цоялъул коч!ол сверуде.

Дицаги хъван тарал коч!ол мухъазда,
Саламилан абе нагагь данд ч!вани.
Ч!алгун мун урхъарал дур сариназда,
Абе нужгун танин муг!рул ясалин.

Дир къед цун бижараб г!амбаралъул т!егь,
Г!умро цебе буго Аминат дуда.
Талих! коч!олъ щварай щобазул мокъокъ
Щущан аян абе мун йокьуларел.
      Автор туручанова Рашидат
               


Рецензии