Дуэт Асадули и Марзи годы любви

     1( Асадула)
Гьарарав дур ватани,
Ина гури хирияй.
Ясал г!емер ругилан,
Мун дий теян гьаризе.
     (2 Марзи)

Гьарула дица дуда
Абурай дур ятани.
Бахчизе гьабун тоге,
Бице гьудул кинабго.
   (3 Асадула)

Г!адада араб г!умро
Гьудул ялагьулаго.
Г!емер инагьдараб рак!
Ралагьун тарал сонал.
   ( 4Марзи)

Диргун гьулуллъи ккурав,
Макъамалде вахуна.
Дуда ц!ар лъазе бокьун,
Урхъун руго г!адамал.
  (5 Асадула)

Дида лъалеб бук!инч!о,
Мун ханасул яс йик!ин.
Хивалъцин бук!инч!о,
К!алга дихъе щвелилан.

 (6 Вместе)
Я гьудул гьаб къварилъи,
Къвариг!ун гьеч!о гури.
Нилъер рокьи батани,
Нилъ цадахъ ругин абе.


Рецензии