кинав чияс чан гьабуниги
Т!егь бакканиги.
Т!елилан кколаро
Духъ ккараб рокьи.
Т!ерхьун араб бакъ,
Т!ад буссаниги.
Буссунаребха нахъ,
Духъ ккараб балай.
Кинав чияс диде,
Чан гьабуниги.
Гьабич!о балагьи
Гьинал рек1еца
Гьаризе рач1арал,
Нахъе ч1ван ана.
Ч1ух1даего ч1ч1ана,
Раг1и кьеч1ого
Дир г1олил ясазулъ,
Къимат борхизе.
Къадарги батич1о
Нилъ к1иязулго
Кьолбол васалазул,
Бут1рул рорхизе.
Магьариги лъеч1о,
Кин лъугьаниги
Свидетельство о публикации №115010505780