Все равно вернешься

Дие вокьич!они кьуру т!ела,
Кьеч!онани кьурунги вахъила.
Дургун къадар хъвани кьо биххила,
Биххун унеб добги квералъ кквела.

Мун дир дирилан ч!ч!арай дунги,
Гурилан ,гурилан, ч!ч!араб г!умроги.
Мун воржа ,воржа а гьудул,
Вуссине диде, вуссине диде!

Дуца дун таниги рак!ги хвеларо,
Хваниги дуца дунги толаро.
Рек!ел анищазулъ дун йик!адго,
К!ийиде викьизе ресги гьеч!о.

Мун дир ,дирилан ч!ч!арай дунги!
Гурилан ,гурилан ч!ч!араб г!умроги.
Мун воржа ,воржа а гьудул,
Вуссине диде ,вуссине диде.

    
 Поет:  Динара Залумханова


Рецензии