Я не люблю зиму

Куч!дузулъ рехсолел чармил кьураби,
Радал яхъиналде хъах!лъун ратула.
Хьулалгун анищал щущана гьанже,
Щаяли лъаларо хасел рещт!индал!

Дие бокьулаан к!к!алахъ росода,
Къват!ие яккидал х!анч!азул макъан.
Урхъун йик!унаан нуц!а рагьидал,
Г!урчин харилъ ругел т!угьдул рихьизе.

Жиндир квачалдаса чиясе зарал,
Хиянатги гьабун жиб хисардулеб.
Г!азул гьури бахъун ч!валел гьал г!ансал,
Г!аданир бералъан чваххулеб маг!о.

Г!адамал рук!уна хасел бокьулин,
Мугъзада магьги бан гьеб баччуларин.
Харини хурире ине кколарин,
Х!арщул къват!аз хьитал хвезаруларин.

Бокьуларо дийни хасел бач!ине,
Ч!обоголъула дир рек!ел хиялал.
Какиларо дица лъаг!алил заман,
Ихдаде хьулазда йик!ина даим.


Рецензии