Хьул лъукъуге!

Бице хирияв бице,
Бице бице хирияв.
Дуе бокьулареб,
Г!амал батани?

Дуде юссина,
Дир камилав.
Кинабго к!очене,
Тела г!агарав.

Зодоса ц!ваги т!ун,
Т!ад юссинаан.
Йокьулин абуни,
Рек!ел гьудулас.

Кьурун рак!ги бахъун
Месед кьелаан.
Кьолеб ани дуца,
Рокьуе жаваб!

Аман аман я,
Мун дир аман Я.
Гьаб дир рек!ел г!азаб,
Бихьулищ дуда?

Гьеч!о рек!елав,
Гьеч!о,гьеч!о рек!елав.
Каранда дуй гуреб,
Бат!иясе бак!.

Гьарула дуде,
Дир г!агарав.
Дир дуде бугеб хьул,
Лъукъугейилан!


Рецензии