Мой сокол

Сабру гьабейилан,
Мун вуго.
Рак! свакарай,
Дунги йиго.

Бихьизе хъвараб,
Г!азаб х!ехьон.
Х!алхьи кьеларищ,
Бет!ергьан?

Йигищ дун рек!еда,
Рак!алъул гьудул?
Рокьи дие кьолеб,
Кьурул хъарчигъа.

Теларо ,теларо.
Теларо лъиего..

Дидасан бахъараб,
Дуй рекъарабищ?
Рак! рекъон йоххараб къо,
Дие ккарабищ?

Боржунилан ц!умалъ,
Кьуру толаро.
Куркьбал свакарабго,
Т!аде буссунин.

Биччантунилан чу,
Чиярлъуларо.
Г!идра т!аг!арабго,
Нахъе буссунин!


Рецензии