От сердца к солнцу от махачкалы

Дунял чIобоголъун
Чара хун буго
Хирияв мун индал
РакI бекун йиго.

Нилъер бахчаялъул,
Нур сун ун буго.
Иххица ун буго,
Рокьул карачел.

Дуни яхъунаро,
Рокъоса къватIий!
Мун гьечIеб гьаб шагьар,
Бокъинарилан.

Бокьуларо гьудул,
Дий Мах1ачхъала.
Мун жанив гьечIого,
ЧIобого бугеб.

Вокьулин абизе ,
Дунги гьечIого.
Мун ханлъун ватила
ГIурус ракьалъул.

Билетищ босилеб?
Таксийищ квелеб?
Дун цIунищ ячIиней,
Мунищ вач!инев?


Рецензии