Эбелалъ бачIана росулъан ахIун

Эбелалъ бачIана росулъан ахIун,
 Дир гьари бугилан кучIдул хъвагеян.
 Кьибил- тухумалъул гIарзал ругилан,
 Мун сабаблъун жиндий фитна бугилан.
 
Дуца абе эбел Гьанхъадерида,
 Дица яс росасе кьун ун йигилан.
 Цинги абе эбел гьеб тухумалда,
Дица хъвалеб бугин, хъвазеги бугин.

Дуца  абе эбел мун толарезда,
 Нужей кьезе ясал дир хутIун гьечIин.
 Цинги абе эбел нужер къавулъа,
 Васасе лъадиги ячине гьечIин.


Рецензии