Не перекривай мне дорогу
Сири базабуна дир гьал лугбазда.
Данде ккей лъугьине кинго гьечIилан,
ЦIакъ чIухIун кIалъана дида гIолилав.
ГIарацги къваригIун къватIир рахъарал,
Чанги гIолил ясал гIадаллъанилан,
МегIер гIалахалда гIун ячIарай мун,
Къабул гьаюларин гьаб гIатIиракьалъ.
Бице ле гIолилав мун киса кколев?
Дуй дида абизе щиб бокьун бугеб.
Мун кин кIалъаниги Аминатица,
Жиндирго къаркъала къамартIго ккола.
ГIарацги къваригIун къватIир рахъарал,
Чанги мун гIадинав къанабакь лъуна,
Инсол росу кIочон кепкихъ чучарал,
Чанги гIолил васаз тана дуниял.
Нилъ кир ругониги иман бугони,
Унтулареб гурищ карандаса ракI.
ГIарцуд ракъаниги къватIир рахъинчIел,
Холаро ракъуца ияхI бугони.
Иман бугелъубе ияхI бачIуна,
ИяхI батаралъуб сабруги чIчIола.
Сабуралъул магIна дуда рагIичIищ?
Алжаналъул кIулин кIодо гьабураб.
ГIолилав баркала дуй гIакълоялъухъ,
Хъван тела босила тарихалдеги,
РакI хIалакун буго дун ине ккола.
Бегьулеб батани ккоге дие нух.
Свидетельство о публикации №114012104767