С днем матери!
Г1айиб кин гьабилеб жакъа нужеде!
Дица бет1ер лъезе нужей гъеж кквела,
Дун маг1ил г1оралда жаний лъедела!
Ургъалазул гъунал рикьарайги мун,
Маг1идаса берал рац1ц1арайги мун.
Иман исламалъе куцарайги мун,
МагIарул гIадатал малъарайги мун!
Эбел дур беразде жанир ралагьун
Нижеда дуниял буго бихьулеб.
Беразде рорхарал канчIал кьунсруца,
Керчал рохьал руго ракIалде щолел.
Дур гьурмада ругел рукIкIалабаца,
Нахъа тарал сонал руго рицунел.
Гъваридго хIухьел цIан угьунги биччан,
Дур ралел къвалазухъ урхъун руго ниж.
РакIалъ абулебги кIалдиб бугебги.
КIиго батIияб дур каламги гьечIо.
ЦохIо гьари буго хирияй дуде.
Нижедаса цебе дунял тогеян.
Свидетельство о публикации №113112306366