Чудесная любовь

ХIинкъана хIинкъана дун,
дур нухда хIетIе лъезе,
 ХIелана хIелана дун нахъойги дуе.
 ( Огь хIасрат керен буго дир бухIулеб).

 Щурана щурана хIеренго дица дуда,
 Мун гурев мун гурев гьечIо дие ракьалда .
 ( Огь хIасрат керен буго дир бухIулеб).
 Припев. ХIикмат хIикмат макьу щолареб,
 ХIикмат хIикмат хIалхьи толареб.
 
Мунилан мунилан РагIуларищ?
 ХIехьана хIехьана дица гьаб рокьул къисмат,
 ГIодизе гIодизе беразда магIу гье.
 ( Огь хIасрат керен буго дир бухIулеб)

 Щущана щущана рекIел гьал дир анищал.
 Каранде каранде кидал дуца ячуней.
( Огь хIасрат керен буго дир бухIулеб).
 ХIикмат хIикмат макьу щолареб,
ХIикмат хIикмат хIалхьи толареб.

 Мунилан мунилан РагIуларищ?
 ХIикмат хIикмат рахIат бикъараб,
 ХIикмат хIикмат гIищкъул нур свараб.
 Мунилан мунилан РагIуларищ?

                ПОЕТ: ( ПАТИМАТ ИБРАГИМОВА)


Рецензии